МагъчIваялъе рес

«Кавказалда  журналистазеги инсанасул ихтиярал цIунулезеги кидаго хIинкъи буго...»


Игорь Каляпин, ГIазаб кьеялде данде халкъаздагьоркьосеб комитеталъул нухмалъулев
Игорь Каляпин, ГIазаб кьеялде данде халкъаздагьоркьосеб комитеталъул нухмалъулев

АрбагI къоялъул къаси Гъалгъаязул республикаялдаса Чачаналъе ине букIараб инсанасул ихтиярал цIунулеб «ГIазабкьеялде дандечIараб халкъаздагьоркьосеб» комитеталъул хIалтIухъаби ва журналистал рекIараб микроавтобусалде тIадекIанцIи гьабун буго щалали лъаларел чагIаз. Автомобилалъул цIурдул гъурун, гьенир жанир рекIарал къватIиреги рахъинарун рухун руго гьел чагIаз, хадуб гьеб автобус бухIунги буго.

Дагьалдасан гьезул 20 гIан чи вукIанин бицунеб буго гьенир рукIарал журналистаз. КъватIисел хIукуматаздаса журналисталги рукIун руго гьезда гьоркьор. Гьеб тIадекIанцIи гьабурал чагIи ахIдолел рукIун руго, Грозныялде щиб гьабизе рачIарал чагIийила нуж, нахъе айила гьаниса, нуж инсанасул ихтиярал цIунулел гьечIила, нуж кколила террористалин абун. Гьелдаса хадуб Гъалгъаялда Гъарабулак росулъ бугеб гьеб комитеталъул офисалъуре щалали лъаларел яргъидгIуцIарал чагIиги лъугьун руго. Гьеб лъугьа-бахъиналъул заманалда офисаллъув щивниги вукIинчIила, гьенир лъурал видео камерабаз бахъун бугила гьеб кинабгойилан бицана «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда «ГIазабкьеялде дандечIараб комитеталъул» бетIер Игорь Каляпиница.

Гьеб ишалъе гIайибияв ватиялда ва гьезие тамихI гьабиялда щаклъи бугин жиндир, цере-цереги жидер хIалтIухъабазде тIадекIанцIиял гьариялда хурхун байбихьун букIараб цIех-рехалъулги щибго хIасил ккечIин бицана гьес.

Игорь Каляпин: «Гьеб лъугьа-бахъин Гъалгъаязул добехун ккедал, гьелда хурхун такъсиргьабиялъул иш рагьиги, цIех-рехги гьезул къуваталъул идарабаз байбихьун буго. Амма гьелдалъун гъалгъаязул низам цIунулезул хIалтIи лъугIилин ккола дида. Щай гурелъул гьеб такъсиргьабурал чагIи Чачаназул дорасахун рачIана ва гьенирего тIадги руссана. Гьединлъидал чачаналъеги ун жидерго хIалтIи гьабизе гъалгъаязул къуваталъул идараби лъицаниги риччазе гьечIо. Къадировас чанцIулго рагьун лъазабун букIана нижер хIалтIухъабиги дунги террористазе квербакъулел гIадамал ругилан. Гьеб гурониги гIемер гьереси баяналги тIиритIизарун рукIана гьез нижер рахъалъан. Чачаназул нухмалъиялъул гIадамаз гьеб тIадекIанцIи гьабун букIин якъинго лъалеб жо буго. Амма гьелъул цIех-рех гьабизе гъалгъаязул низам цIунулезе рес кьезе гьечIо лъицаниги. Къадировасде тIадецуйги цохIо Россиялъул президентас гурони гьабун бажаруларо, гьел лъугьа-бахъиназда хурхун президентас пикру загьир гьабулеб бихьичIоха дида жеги. Къадировас Россиялъул президент гурони тIокIаб кинаб букIаниги тIалъи рикIкIунаро».

Каляпиница гьединго тIадекIанцIиялъул хIасилалда азарханабазде ккарал гъалгъаялъа нахъе рачун ругин. Гьезул гIумруялъе хIинкъи гьечIилан, гьезие хIинкъигьечIолъи букIинабизе гьел цIунизелъун гъалгъаязул республикаялъул бащадаб полиция бахъун букIанин гьез жидее цIакъ кумек гьабунин лъазабуна гьес.

Гьеб цебехун бицен гьабураб журналистазде ва инсанасул ихтиярал цIунулезде тIадекIанцIи гьабиялда ва гьезул хIалтIуда хурхун «Эркенлъи» радиоялъе жидерго пикру загьир гьабуна Дагъистаналдаса экспертаз ва жамгIиял хIаракатчагIаз. Гьезул гIаммаб пикруялда рекъон гьединал лъугьа-бахъинал Дагъистаналда гIадлъилеб гIадаб жо гуро.

Москваялда Халкъазда гьоркьосеб гьудуллъиялъул университеталда хIалтIиле вугев, политикиял гIелмабазул кандидат ГIалиев Рустамица рикIкIунеб буго Рамзан Къадиров чачаназул бетIерлъиялдаса вахъизе вукIине ургъунго гьабураб иш батизеги бегьулин гьеб тIадекIанцIийилан.

ГIалиев Рустам: «ГIакъубакьеялде дандечIараб комитеталдаги» чачаназул тIалъиялдаги гьоркьоб дандеккунгутIи букIараблъи киназдаго лъала. Гьединлъидал ургъунго гъалгъаязулгун гIорхъода гьабун буго гьеб иш, чачаназде гIайиб бачIинчIого букIине. Чачаназ жидеда лъалеб жо гурила, гъалгъаязул доба ккараб-таралъул жаваб гьез жидецаго кьейилан абизе бегьула. Гьединал ишал сахал пачалихъазда рукIине бегьулел жал гуро, гьеб буго гIалхуллъи. Гьадингоги инсанасул ихтиярал хвезариялъул рахъалъ цересел кьерда рукIунел россиялъулал гьанже дагьабги цIакъ дунялалдаго суризаруна гьеб ишалъ. Гьеб гурониги дир пикруялда рекъон гьеб лъугьа-бахъиналъул гIемер батIиял хIасилалги рукIине бегьула. Жидерго хасал мурадазе гIоло цо-цо гIадамаз ургъунго багъаризабун батизе бегьула гьеб иш. Гьадингоги дандеккугутIаби рукIунел чачаназулги гъалгъаязулги тIалъиялъул гьоркьолъаби гьеб лъугьа-бахъиналъе гIоло дагьабги цIакъ хвезе бегьула. Гьелда тIадеги ахираб заманалда Къадиров бетIерлъиялдаса вахъиялъул харбалги камулел гьечIелъул, Кремлялда гьев чIалгIун ургъунго гьев нахъе вахъизе багьана букIине федералияб нухмалъиялъул хIалтIиги батизе бегьула гьеб».

Дагъистаналдаса жамагIатчи, туснахъазда бугеб ахIвал-хIалалда хадуб халкколеб хасаб комиссиялъул гIахьалчи Расулов Русланица рикIкIунеб буго гьеб лъугьа-бахъиналъ иргадулаб нухалда бихьизабунила Россиялда ва хасго Кавказалда журналистазе ва жамгIиял хIаракатчагIазе бугеб кIудияб хIинкъи.

Расулов Руслан :«Шималияб Кавказалъул республикабазда рагIуе эркенлъи гьечIолъиги, журналисталгун жамгIиял хIаракатчагIи тIалъиялъул ва къуваталъул идарабазул гъорхъолъа арал ишаздаса цIунулел гьечIо. Гьел идарабаз ва тIалъиялъ разилъи кьечIого яги гьез квербакъичIого гьединал ишал гьаруларо. Чачаназул бетIерасда жиндица бокьараб гьабизе бегьулин ракIалде ккун буго, гьеб гьабизе тунги вуго гьев Россиялъул тIалъиялъ. Гьелъул гIаламатлъун рикIкIине бегьула дагьаб цебегIан чачаналъ такъсирчагIаз такъсирчагIийилан гурони гьезда абизе бачIунеб гьечIо, Михаил Касьяновасе гьабураб жо. Гьедин ракIалдекканщинаб гьабулел руго тIалъиялъул чагIи. Гьел журналистаздеги инсанасул ихтиярал цIунулездеги тIадекIанцIи гьабиялъ цойги нухалъ бихьизабулеб буго Дагъистаналдаги гьел ишал лъугьиналъул хIинкъи букIин».

Блогер ХIажиев ХIасанил ракIчIун буго гьеб тIадекIанцIи къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз гьабун батилин.

ХIажиев ХIасан: «Чачаналъгун гъалгъаялъ къуваталъул идарабазул хIалтIухъаби гурони гьединаб иш гьабун бажарулев чи вукIунаро. Гьеб иш гьабурал чагIиги гьел руго, гьел чIезаризеги лъиданиги кIвечIо. Навальныясдеги Касьяновасдеги торталги росун тIадекIанцIи гьабуразул кьерулъа гIадамаз гьабуна гьеб ишги. Кавказалда жал рокъор ругин абун жидедаго ракIчIун гьаб нухалда тортазул бакIалда нусалги, резнал тIилалги росун рагъарун руго гьел. Нилъер гьаниб гьеб иш гIадлъулеб жо гуро, бугелда бугеб абулел журналисталги чанги чIвана нилъер гьанир, инсанасул ихтиярал цIунулездеги тIадекIанцIи гьабуна. Гъоркьисалаги «Мемориал» гIуцIиялъул адвокат вухун вукIана».

Экспертаз гьеб цебехун бицен гьабураб тIадекIанцIиялъе гIайибиял ратиялда ва гьезие тамихI гьабиялда жал божарулин лъазабулеб буго.

XS
SM
MD
LG