МагъчIваялъе рес

Бизнесалъул гIарцудаса бюджеталъул гIарацго хирияб хъулухъчагIазе


Дагъистаналда 104 азаргоялдаса цIикIкIун лъимер цIалулеб буго кIиабилеб ва лъабабилеб сменаялда. Гьеб къадар дагьлъизабиpе рес гьечIила федералияб бюджеталдаса биччалеб гIарац дагьлъулеб букIиналъ. Бугеб ахIвал-хIалалда кумекалъе рачIине бегьулаан бизнесчагIи, жидеца лъай кьеялде инвестициял гьаризе рес бугел. Амма бизнесчагIи гIедегIулел гьечIо школал разе.

Интернет-мухъ

1489 школа буго хIалтIулеб жакъа къоялде Дагъистаналда. Гьезда гъорлъа 22 процент кколел руго чIунтарал, жанир рукIине бегьулареллъун рикIкIарал минабахъ ругел. Аслияб куцалда гьединал школаби руго росабалъ. Руго гьедиго ЦIунта ва ЛъаратIа мухъалда росаби мугIалимзабаз дарсал жидерго рокъор лъималазе кьолелги. Гьел баянал кьуна Дагъистаналъул Лъай кьеялъул министр ШахгIабас Шаховас церегIан къояз блогералгун букIараб дандчIваялда.

Пачалихъалъ биччалеб гIарацги соналдаса соналде кIиго миллиардалъ дагьлъулеб бугин лъазабуна министрас. Гьеб ахIвал-хIалалда хIажат бугила бизнесчаги гъорлъе рачине, гьез инвестициял гьаризе рукIине школаби раялъе. Амма бизнесчагIи социалияб кIваралъул бакIал разе гIедегIулел гьечIо. Базе лъугьараздаги гIемерал квекIенал данчIвалел руго. Масала, МухIарамкент мухъалдаса предприиматель Фридун Шахпазовас жиндирго гIарцудасан бан буго лъималазул ах.

Гьединго бан бахъинабулеб буго кIиго школа, амма бизнесчиясухъе тIаде хал гьабулел идаралъул гIадамал хьвадун гьев чара къосараб бакIалде ккезавун вуго. Гьелъул хIакъалъул Россиялъул президент Владимир Путинида бицун букIана Дагъистаналдаса журналист Алик ГIабдулхIамидовас ТIолго Россиялъул халкъияб фронталъул форумалда.

«Эркенлъи» радиогун букIараб гара-чIвариялъа журналистас бицана, жинца бицанин цо МухIарамкент мухъалда хас гьабун босун бугеб хIалалъул. Масала, Ярагъ абураб росулъ лъимал жакъа къоялъги цIалулел ругила цебе бокьлъун букIараб бакIалда жанир. Хас гьабун Шахпазовас ралел школабазул цояб гьес хадубккун тIалъиялъ гьесие гIарац бецIизе къотIиялда балеб букIанила, амма гьеб къоIти хисун бугила мухъалъул тIалъиялъул.

Федералияб тIалъиялда бичIчIулеб бугила, жиндир сурсатал гIолел гьечIолъи ва инвесторалгун цадахъ хIалтIизе хIажат ккей. Амма Дагъистаналда коррупция киналдаго гъорлъ босун букIиналъ, гьеб проект гIумруялде бахъинабизе рес гьечIила. Я республикаялъул тIалъиялъе, я бакIазул хIакимзабазе хайир гьечIила инвестораз школал ралел ругонийин бицана гьес.

Алик ГIабдулхIамидов: «БизнесчагIазулги пачалихъалъулги цадахъ хIалтIулеб политика гIумруялде бахъинабизе хIажат букIин бичIчулеб буго пачалихъияб тIалъиялда. Амма нилъер гIагараб республикаялда коррупция тIолго структурабазда гъорлъ босун букIиналъ гIумруялде бахъинабизе рес гьечIо гьединаб политика.

Мисалалъе дица бачана МухIарамкенталдаса бизесчиясул ккараб. Жакъа Дагъистаналда ругел я республикаялъул тIалъиялъе, я бакIазул тIалъиялъе хайир гьечIогьелдаса, щай гурелъул гьезие откатал рукIунаро.

Дагьаб бугониги пачалихъалъ биччалеб гIарцудаги рекIун гьеб хъухъан чвантиниб лъун рукIине бокьула гьезие. Ахираб заманалда коррупциялда данде къеркьей кутакалда хайир бугеб ишалде сверизабун буго къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз. Гьез квекIен гьабулеб буго гьединал предпринимателазе, жидерго сурсатаздаса бакIал разе бокьарал».

Алик ГIабдулхIамидовас гьединго тIаде жубана, МухIарамкент мухъалдаса бизнесчияул мисалалъ нахъе къазаризе ругин цогидал предпринимателалги.

Жакъа жиндирго сурсатаздасан мажгит балев чиясе щибго квекIен букIунарила, амма школа букIа, яги лъималазул ах букIа базе чи лъугьанани, гьесде тIаде хьвадизе байбихьулила хал гьабулел идарабазул хIалтIухъабийин абулеб буго жамгIияв хIаракатчи МухIаммад Цезица.

Гьеб гуребги, пачалихъгун цадахъаб проекталда гъорлъ гIахьаллъун инвестиция хIисабалда школа базе гIарац биччалеб бугони, гьеб нахъе щвеялда божи гьечIила бизнесчагIазе, щай гурелъул школа балеб гIан заманалда къотIиялъул гарантлъун вукIарав нухмалъулев хисун цогидав вачIине рес букIиналъ мухъалде.

Мисалалъе гьес бачана ЦIунтIа мухъ. Гьеб мухъалдаса ругила чанги бизесчагIи школа, яги лъималазул ах жидерго къуваталъ базе рес бугел, амма тIадехун рехсарал хIужаби сабаблъун гьел гIедегIулел гьечIила гьединаб иш гьабизе.

Дагъистаналъул Лъай кьеялъул министр ШахгIабас Шаховас гьелго блогералгун букIараб данделъиялда лъазабун букIана бизнесчагIазулги пачалихъалъунги цадахъаб хIалтIиялда рекъон, респуликаялда чанго школа базе бугин ва гьел бизнесчагIазе инвестиция гьабураб гIарац бакIал ижараялъ хIукуматалъ росун, чанго соналда жаниб нахъбуссинабизе бугилан.

Ругищ жакъа къоялде гьеб проекталда гIахьаллъизе хIадурал инвесторал Дагъистаналда ва кин гьел цIунизе ругел министерлъиялъали цIехон «Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна республикаялъул Лъай кьеялъул министерлъигун, амма жаваб гьабурай пресс-хъулухъалъул хIалтIухъаналъ лъазабуна официалияб куцалда электронияб почалдаса кьураб суалалъул хал гьабун гурого жаваб гьабун бажаруларин.

XS
SM
MD
LG