МагъчIваялъе рес

КьабичIого хутIараб цIумур


Гьаб анкьалда Россиялъул шагьаразда ракIалде щвезаруна 11 соналъ цебе Бесланалъул трагедиялъул къурбаналлъун лъугьарал. Россиялъул тарихалдаго бищунго кIудиябги вахIшиябги терракталъул хIасилалда хвана 300-ялдасаги цIикIкIун чи, гьезул бащалъиялдасаги цIикIкIун къадар буго лъималаздаса. Гьеб лъугьа-бахъиналда сверун тIалъиялъ байбихьудаса гьерсал рицине байбихьанин абун, хIакъикъат баянлъизабизе, жидерго цIех-рехх гьабиялъул марадалда къурбаназул улбуз рагьана "Матери Беслана" абураб гIуцIи. Амма жакъаги улкаялъул нухмалъиялъ теракталъул гIайибиязул цIарал рехсечIо. Кинал гIаги официалиял хъулухъчагIи жавабчилъиялде цIачIо.

11 соналъ цебе цIалул тIоцебесеб къо кIодо гьабизе Бесланалъул ТIоцебесеб школалде вачIарав 1200-ялдасаги цIикIкIун чиясдаса гъорлъан 334-се 2004 соналъул сентябралъул тIоцересел къоял гIумрудул ахирисел къояллъун лъугьана.

Гьел къоязда школалъул цIалдохъабазул сияхIалдаса абадиялъго нахъе ана 186 фамилия. Гьездаго гъорлъ рукIана тIоцебесеб нухалда партаялда нахъ гIодор чIезе рукIарал гьитIичазул цIаралги.

Жал классалде жанире ахIулеб цIумур гьезие кьабичIого хутIана. Гьелъул бакIалда гьел гIенеккизе ккана боцIигIадин школалъул азбаралдаса школалде жанире къотIулел террористазул вахIшиял гьаркьал ва берцинаб ретIелги ретIун кверги ккун гьенире гьел щвезаризе рачIарал улбузул, яцазул гIоди. Гьеб букIанин унго-унгояб жужжахин, абулеб букIана хвасарлъараз.

Кинаб букIараб гьеб лъабго къоялъул атмосфера? «Бесланалъул жужжахI» хвасарлъаразул ракIалда щвезарияздалъун.

1 сентябрь, арбагI къо. ЦIалдохъаби, улбул, гIага-божарал, гьалмагъзаби, мугIалимзаби радал хеккого данде ракIарана цIияб цIалул соналъул байрам кIодо гьабиялъул тадбиралде.

Дагьалъ хадуб кисса жал щваралали ва жал щал ругелали лъаларел рештIана школалъул минаялда цере.

Хадуб ккаралъул доб заманалда генералияв прокурорлъун вукIарав Владимир Устиновас гьадин бицана президент Владимир Путинида.

Владимир Устинов: «Гьел щвана Бесланалде. РештIана школалда цере. Азбаралде жаниреги рачIун, Полковникин тIокIцIар бугев чиясул буюриялда рекъон, гьез киналго цIалдохъабиги чIахIиялги сверун ккуна. Азбаралда рукIарал киналго школалде жанире гъуна».

Чанго сагIаталъ гьениб хаос хутIулеб букIана. Школалда цере щвана гъоркьлъалие росаразул гIага-божарал. Гьебго заманалда гьенире рачIана милициялъул къуваталги. Щвана гьениве доб заманалда Шималияб Осетиялъул президент Александр Дзасоховги.

ХIалхьиялъул заман гьоркьобги къотIизабун, Сочиялдаса Москваялде нахъе вуссана Россиялъул президент Владимир Путинги. 4 сентябралда гьев щвана республикаялдеги. Лъугьа-бахъунелъе къимат кьолаго, гьес гьеб хурхинабуна улкаялде къватIиса гьабулеб асар хIисабалда.

Владимир Путин: «ГIицIго хIинкъизариялъул батIа чIараб акт гуреб, батIа чIараб террористазул къокъаялъул тIадекIанцIи гуреб загьирлъулеб бугеб нилъер гьаниб, гьаниб загьирлъулеб буго Россиялде данде гьабулеб халкъаздагьоркьосеб терроралъул битIахъеб интервенция».

Пачалихъиял хъулухъчагIаз лъазабулеб букIана, террористаз гъоркьлъалие восун вугин гIага-шагарго 200 - 300 чийин. Хадуб баянлъана гьенив 1200-ялдасаги цIиккун чи вукIараблъи.

Хвасарлъаразул рагIабазда рекъон, спортзалалда кьвагьулел алатал лъолаго яргъид гIуцIаразул ун буго чанго сагIат.

​Доб мехалдаги лъалеб букIун гьечIо, кинаб къагIидаялда ярагъ ва кьвагьулел алатал терористазухъе щваралали. Путиниде кIалъалаго генералияв прокурор Устиновас лъазабун букIана, яргъид гIуцIараз гьеб цадахъ лъабго машинаялда бачIанин. Амма хвасарлъараз хадуб лъазабуна, гьез гьеб арсенал цебеккунго школалда бахчизабун букIун бугин.

Гьедин бицунеб букIанин вацасин ва школалдаса къватIире рорчIарал цогидазин абуна журналистазда гъоркьлъалие восун вукIарав Бидоев Асланил вац Сосланица.

Сослан Бидоев: «Вацас бицана, жив гIодов чIун вукIанин баскетболалъул щиталда аскIов. Гьез гьенир кьвагьулел алатал лъун руго, амма тIоцебесеб иргаялда гьез чIахIиял тIамун руго чIабаралъул хъарщал рахъизе. Гьез гьениб гъоркь ярагъги квен-тIеххги бахчизабун букIун буго. Рагьун чIабаргун, гьез гьенисан ярагъ босулеб букIун буго».

Къаде нахъе яргъид гIуцIараз гордохъа рехун буго Чачаналъан Россиялъул рагъул къуватал нахъе рачин тIалаб хъвараб кагъат. Гьеб тIалабалъул хIакъалъулъ лъазабун букIана Россиялъул гIемерисел информалатазги, амма хадуб гьел лъазабиял цинтIаго щаялиго тIагIун руго ва хадубги гьеб тIалаб кинавгIаги официалияв хъулухъчияс кибниги рехсолебги букIун гьечIо.

ГIадамал гъоркьлъалие росараз лъазабун буго, жидее бокьун бугин Шималияб Осетиялъулги Гъалгъазул республикаялъулги президентал Александр Дзасоховгун ва Мурад Зязиковгун дандчIвазейин. Гьез гьединго тIалаб гьабун буго Москваялдаса машгьурав педиатр Леонид Рошаль Бесланалде щвезавеянги. Ахирисес гьоркьохъан хIисабалда кIудияб хIалтIи гьабун букIана 2002 соналда Москваялда Дубровкаялда гъоркьлъалие росарал хвасар гьариялъе.

Доб заманалда «Совершенно секретно» газетаялъул мухбир, гьанже Эркенлъи радиоялъул Москваялъул бюроялъул бетIер Леонид Велеховас абулеб буго, яргъид гIуцIараз жидерго тIалабал унгоги кьватIире кьун рукIанин, кагъат гуребги, кассетаги букIанин.

Леонид Велехов: «У, букIана кассета. БукIана медик Лариса Мамитовалъ къватIибе бачIараб кагъат. Гьез гьей къватIие йиччана гьеб балагь байбихьун кIиго-лъабго сагIтидаса. Гьелъухъе гьез кьун букIана кIалъа-басаязде жидецаго ахIулел гIадамазул сияхI. Доба хъван букIун буго «Рушайлойин». Амма гьелъ жинцаго гьеб хисизабун буго «Рошалиде». Гъозиени бокьун букIунаришха Рушайло ахIизе. Доб заманалда дов вукIинлъидал ХIинкъигьечIолъиялъул мажлисалъул бетIерлъун».

​Дагьалъ хадуб Бесланалъул школалде щвана Россиялъул хасал масъалаби тIуразарулел къуватазул бутIа. Гьелъ школа сверун ккуна.

Гьединаблъун ахIвал-хIал бихьулеб букIун буго къватIисан. Жанибин букIараб атмосфера хвасарлъаразул рагIабазда, релъараб букIун буго жужахIалда. Спортзалалда жаниб гIодор чIезе киназего бакIцин гIолеб букIун гьечIо. ЦIакъ багIарун букIун буго.

ТIоцебесеб къоялъул ахиралде лъин гIоларого, лъималазда квенцин ракIалде щолеб букIинчIин, ракIалде щвезабулеб буго жанив вукIарав Казбек Мисиковас. Гьевги вачIун вукIун вуго школалде лъадигун жиндирго вас школалъул нухде вахъизе. Бищунго кIудияб балагь букIанин гIисинал лъималазе. Хадусеб къоялда багIариялъеги лъин гIунгутIиялъеги гIоло гьез бажарараб ретIел тIаса бахъулеб букIанин, гьезул цоял унтизе байбихьанин, бицунеб буго гьес.

Медик Мамитовалъул рагIабазда, лъималазул цоязулъ загьирлъизе байбихьанин организамалда лъин гIунгутIиялда хурхараб синдромин. Террористаз лъел краназде ине гьукъараб мехалда, лъималазда лъазабизе кканин, лъелъе загьру бан бугин. Теророристазда гурхIел лъалеб букIинчIин, гьений къечон хванин диабет букIарай ясин, жубана Мамитовалъ.

​ЦIалдохъан Агунда Ватаевалъ ракIалде щвезулеб буго, кIиабилеб къоялъ жиндие къватIие йорчIиялдасаги цIиккун хвезе бокьун букIанин. Сверухъ рукIарал лъимал гIадаллъарал гIадин рукIанин. Жиделъ рухI хутIун букIинчIин, гIодоре рортулел рукIанин. Гьеб гIечIого яргъид гIуцIаразги лъазабунин, лъавудаса ун гIодоре рортарал яги регарал чIвазе ругин.

Школалда жаниб гьел къояз букIараб вахшияб ахIвал-хIалалъул бициналъе тIолабго гIумру къварагIинин, хъвалеб буго жиндирго ракIалде щвезариялда Ватаевалъ.

2 сентябрь, хамиз къо. ТIолабго сордоялъ яргъид гIуцIаразулгун кIалъа-басаял тIоритIулел рукIана Леонид Рошалица. Щиб гьениб бицунеб букIарабали, лъалеб гьечIо.

Къалъуда Шималияб Осетиялъул президентасул пресс-секретарь Лев Дзугаевас лъазабуна, кIалъа-басаял унел ругин гъоркьлъалие росаразе дараби, квен-тIехх, лъин щвезабиялда сверунин.

Гьеб заманалдеги, талъиялъул вакильзабаз абулеб букIана, жидеда яргъид гIуцIаразул тIалабазул хIакъалъулъ щибниги лъаларин. Гьелго чIун рукIана школалда ккуразул 300 гIанав чи гурони гьечIин абун.

Бесланалде щвана Россиялъул жанисел ишазул министр Рашид НургIалиев ва Россиялъул Федералияб хIинкъигьечIолъиялъул хъулухъалъул бетIер Николай Патрушев. Россиялъул федералияб хIинкъигьечIолъиялъул хъулухъалъ лъазабуна, проблема къуват хIалтIизабиялъул къагIидаялда рагIалде бахъинабизе гьечIин.

Гьебго заманалде кIалъа-басаял тIоритIиялъул мурадалда школалде жаниве ана Гъалгъазул республикаялъул вукIарав президент Руслан Аушев. Дагьаб заманалдаса яргъид гIуцIараз эркен гьавуна гъоркьлъалие росаразул 26 чи.

Школалда аскIор ракIарун рукIарал бакIалъулал гIадамал, журналистал тамашилъизаруна гьениб лъабго танк бачIиналъ.

МаркIачIуда кьвагьдей ккун, лъукъун вуго цо милициялъулав. КIалъа-басаял гьоркьор къотIизарун руго.

3 сентябрь, рузман къо. Яргъид гIуцIаразулгун кIалъа-басаял халат рахъана. Къалъул мехалда Бесланалъул Культураялъул централда президент Дзасохов дандчIвана гъоркьлъалие росаразул гIага-божаралгун. Гьес лъазабуна, ахирисел баяназда рекъон, школалда жанив вугин 500-ялдаса цIикIкун гъоркьлъалие восаравин. Гьенибго Дзаховасул вакилас лъазабуна, яргъид гIуцIарал разилъанин, байбихьудаго чIварав чанго чиясул жаназаби кьезейин. МЧСалъул машина ва хIалтIухъабазул чанго чи ана школалде жанире.

Официалияб версиялда рекъон, школалда жаниб кIиго кьвагьи ккун буго ва тероористал кьвагьдун руго хвасаргIаздеги къватIир ругездеги. Амма гъоркьлъалие росазул цояз абулеб буго тIоцебе кьвагьдезе къватIисан байбихьанин.

Багъарана кIудияб ахIи-хIур. Гъаркьлъалие росарал лъутизе байбихьана. Россиялъул хасал хъулухъазул къуватаз байбихьана штурм.

Чанго минуталдаса баккана рагъулазул тирело. Кьвагьиялъул хIасилалда бортана спортзалалъул тIох ва минаялда цIа рекIана.

​Лъутун унел лъималги чIахIиялги батIи-батIиял рахъаздаса речIулел гулбузул цIадухъе ккана.

Хваразул ракI сородизабулеб къадар батана - лъабнусгоялдаса цIикIкIун чи. Гьезда гъорлъан бащдалдасаги цIикIкIун кколел руго лъимал.

​Бесланалъул школалда жидер лъимал, вацал, яцал хваразул жакъа II сон ун хадуб дагьалъниги гIодобе биччан гьечIин лъазабулеб буго «Материа Беслана» гIуцIиялъул нухмалъулей Сусанна Дудиевалъ. ГIагсалда жидер ракI бакъвалеб бугин, Россиялъул тIалъиялъ доб мехалдаго гIадин рицунел гьерсал гьанжеги халат рахъинарулел рукIиналъе гIолойин.

Доб балагьалда хвана Дудиевалъул вас. ХIакъикъат балагьиялъул мурадалда гьелъ ва цогидал улбуз рагана хасаб гIуцIиги. Доб мехалъги гьелъ гIайиб чIвана пачалихъалъул нухмалъулесдаги.

Сусанна Дудиева: «ЧIвана нижер лъимал. Нижеда лъала щиб жо гьеб кколебали. Гьанже нижеда лъала талихIалъул багьа. Нижеда лъала талихI къосиялъул багьаги. Президентасда талихI щиб бугеб гурони лъалеб батизе гьечIо. Нижеца бичIчIинабилаха гьесда талихIкъоси щиб жо бугебали».

Бэлла Шукаева, хвасарлъаразул цояй: «Щай ниж лъицаниги хвасар гьарулел рукIинчIел? Нилъер улкаялда гIадамал щалниги кколаро. Нижеда гьедин боевиказцин абуна. Нужеда лъазе бугин кинаб улкаялда нужеца гIумру гьабун бугебали, нуж лъиениги къваригIун гьечIин, абуна гьез нижеда. Гьез битIараб абулебги букIун буго. Ниж гIодулел рукIана. Ниж лъицаниги хвасар гьарулел рукIинчIо. Ниж лъиениги къваригIунцин гьечIо. Гьанжецин, ниж гIодулеб мехалдацин, лъица нижер ургъел гьабулеб бугеб?»

​Гьелдаса нахъе «Матери Беслана» гIуцIиялъ свакай лъачIого балагьулеб буго ритIухълъи. Россиялъул низам цIунулез, Россиялъул политиказ, улкаялъул тIалъиялъ щвалде щвараб цIех-рехх гьабиялъе кинаб гIаги хIаракат бахъулеб гьечIин, гьелъул бакIалда пачалихъалъул батIи-батIиял идарабаз батIи-батIиял кIвекIенал гIуцIулел руго жидеде дандейин, гIарз гьабулеб буго гьеб гIуцIиялъул руччабаз. «Матери Беслана» гIуцIиялъ хитIаб гьабуна Европаялъул инсанасул ихтиярал цIуниялъул диваналде.

Гьал къоязда тIобитIараб пресс-конференциялда Дудиевалъ лъазабуна, Европаялъул диваналъ жидер гIарза гIадахъ босанин ва жидер тIалабал ритухъаллъун рикIкIанин.

XS
SM
MD
LG