МагъчIваялъе рес

«Эбелалда ургьибго рагIизе ккола лъимада жиндирго рахьдал мацI»


25 апрелалда МахIачхъалаялъул Миллияб библиотекаялда тIобитIана тIоцебесеб, Авар мацIалъул мугIалимзабазул форум. Дагъистаналъул киналгоязде гIагарун шагьараздаса рахьдал мацIалъул мугIалимзабазул нусидасаги цIикIкIун чи вакIарун вукIана гьениве. Данделъиялъул хIасиллъун рахьдал мацIалъул мугIалимзабазул ассоциация гIуцIи.

ХIакъикъаталдаги абизе бегьула тIоцебесеб нухалда гIадатиял мугIалимзабиги, мацIалъул институталдаса гIелмиял хIалтIухъабиги, лъай кьеялъул министерлъиялъул вакилги гIахьаллъарал, гьез цоцазе суалал кьезе ресги щвараб данделъи букIанин гьебилан.

Рахьдал мацIалъул темаялда хурхарал данделъаби цереги тIоритIана МахIачхъалаялда. Амма киналго гьел данделъабазда : «мацI цIунизе ккола, мацI холеб буго, гьалмагъазаби, гIодизе ккараб хIал буго»,- ян цоцада релълъарал кIалъаял гьарун гурони, гьез гьабилан абун пайда кьечIилан абуеб букIана данделъиялде рачIараз.

Жакъа шагьаралъул школазда рахьдал мацI кьеялъул бугеб ахIвал-хIалалъул анализ гьабураб лъикIаб доклад гьабуна Тахо-Годил цIаралда бугеб, гIелмиял цIех-рехал гьарулеб педагогикияб институталъул гIелмияй хIалтIухъан МухIидинова Бахуца

ГIемер ругин гьабсагIат магIарул мацI цIунизе кколилан, щиб-щибги гьабизе кколилан бицунел чагIиги гIуцIцIиялги, амма учительзабазулгIан кIудияб кIвар гьеб хIалтIулъ лъилниги гьечIин. ГIемерисеб жо бараб буго нужеда, нужер нужецаго гьабулеб бугеб ишалде бугеб рокьиялда, гьелда тIад ракI унтиялда ХIарпцин лъалареб ингилис яги гIараб мацI кIола гурищ лъималазда лъазабизе, гьезул гьелде рокьи бижизабизе лъалев учитель вугони. Авар мацI щай кIолареб?

ГьечIо гIемерисел школазда рахьдал мацIазул дарсазе рихьизарурал кабинетал, я цIалуе кумекалъе таблицаби, берзул ва гIинзул кумекалъул алаталилан абуна гьелъ.

Цойги нилъер школазул гIадат бугин цо кIварго гьечIел дарсал тIарамагъадиселлъун лъолел расписаниялда. Нилъер шагьаразул гIемерисел школазул расписаниялда рахьдал мацIалъул дарсал тIарамагъадисел лъун рукIиналъги, ва цо кинаб букIаниги общественныяб, яги батIияб хIалтIи гьабизе ккун бугони, цIалдохъаби гьел дарсаздаса эркен гьариялъги бицунеб буго нухмалъулезул рахьдал мацIаздехун бугеб бербалагьиялъулги.

Гьеб кинабгоги хIисабалде босун ракIалде кканин Авар мацIалъул учительзабазул цолъи гIуцIизе ян абуна тIаде жубана МухIидинова Бахуца.

Гьелъ бицаралда тIад рекъана Дагъистаналъул гIелмиябмацIалъул ва литератураялъул институталъул нухмалъулев МухIамад МухIамадовги. Жакъа бищун квеш ккараб жо бугин нужер масъалабиги, цере лъолел суалалги республикаялъул тIалъиялда рагIулел гьечIолъиян абуна гьес.

Жидер институталъ гьарурал цIех-рехазда рекъон жакъа республикаялъул школазда 90 проценталде гIагарун лъималазда лъалеб гьечIин бацIцIадаб магIарул мацI.

Лъалеб бугин гьезда жидерго росдал мухъалъул диалекталлъул мацI, амма болмацI лъалеб гьечIин. Гьеб рахъ хисизабизе рес ургъун бугин жидеца, республикаялда миллиял школал рагьи. Шибаб миллаталъул цо-цо гьединал школал ругони гьелъ лъикIаб хIасил кьезе бугилан рикIкIунеб буго гьес.

МухIамад МухIамадов: «ГIалимзабаз чIезабун буго бищунго ликI лъимаца рахьдал мацI босулеб гIуж кколин кIиго соналд анкьго соналде щвезегIан гьоркьоб бугеб ригь. Амма гьеб заманги гьоркьоб биччан, хадур тIадрусусун гьеб малъизеян лъугьани 10-20 нухалъ захIмалъулеб буго гьеб малъизе.

Гьединлъидал хIажат руго шагьаразда миллиял садикал рагьизе. Амма хIакимзабазда гьеб пикру рагIизабизе нижеда кIвечIо. ЦIакъ ричIчIизе захIматал чагIи руго нилъер хIакимзаби. МацIалъул, маданияталъул темаялда хрухарал суалал цере лъуни цо рикIкIад ун, гьеб рагIизе бокьичIеб ххвелал гьаризе лъугьуна гьел».

Гьединго гьенив кIалъана Тахо-Годил цIаралда бугеб институталъул рахьдал мацIалъул бутIаялъул нухмалъулев Вакилов ХIайбулагьги. Шагьаралъул школазда рахьдал мацI малъиялъе рихьизарурал сагIтазул бицунеб букIана гьес.

Лъай кьеялъул министерлъиялъул рахьдал мацIалъул бутIаялъул нухмалъулей ГIабдулбасирова Раисатги ячIун йикIана гьение. Цере жаваб щолел рукIинчIел суалал гьелъие кьолел рукIана мугIалимзабаз.

2014 соналда ТIолгороссиялъул къецазда тIоцебесеб бакI ккурай, Гъизилюрталъул 7 абилеб школалда рахьдал мацIалъул мугIалим МухIумаева Саратица гьадин загьир гьабуна гьеб данделъиялда тIасан жиндирго пикру

Сарат МухIумаева: «Цебе жаваб щолеб букIинчIеб чанги суал кьезе рес ккана жакъа гьаниб, дие кьезе щвечIеб суал цогидал пишацоязги кьуна, гьелъие жавабги щвана. Цере рукIаразда дандеккун, жакъасеб гьаб данделъиялъ лъикIаб хIасил кьезе бугилан кколаха дида.

ЭР: «Жакъа лъималазда рахьдал мацI лъазабизе бищунго квал-квал сунца гьабулилан кколеб дуда?».

Сарат МухIумаева: «Бищун кIудияб гIунгутIи бугоха цIалул тIахьал гьечIолъи. КIиабизе босани эбел-инсуца рокъоб лъимада миллияб мацI лъазелъун тадбирал гьарулел гьечIолъи. Гьаниб МухIамад Ибрагьимовичас абуна кIиго сон баралдаса анкьго соналде щвезегIан гьоркьоб заманалда босулила лъимаца мацIилан. Дицани абилаан жеги хекко босулилан. Эбелалъул ургъиб букIаго рагIизе ккола лъимада жиндирго рахьдал мацI».

Гьеб формалъул аслияб хIасиллъун ккана рахьадал мацIалъул мугIалимзабазул ассоциация гIуцIи. Гьединаб даражаялъул данделъаби хаду-хадурги гьаризе къотIиги гьабуна биххана мажлис.

XS
SM
MD
LG